Исполнитель: АХМЕД ЗАКАРИЕВ
Название: Мама (авар)
Продолжительность трека: 04:20
Добавлен: 2016-06-14
Скачали: 938
Эбел дур надалда расарал лъалк1ал
Дур щуго лъимадул нухалцин гурищ
Эбел дур гъалазулъ гьел хъах1ал расал
Нижер гъалат1азул нуг1залцин гурищ
Жакъа лъималазул лъимал к1ик1улей
Дур кинидахъ кеч1алъ х1айранлъана дун
Гьеб добго гьаракьалъ ах1улеб буго
Гьелъулъ добго рокьи раг1улеб буго
Эбел дир г1азизай дуй рохел гьарун
Байбихьула дица бач1анщинаб къо
Къват1ире унелъул нух бит1айгиян
Абизе мун йик1ин гьеб гурищ талих1